200 cон Дагъистаналъул Россиялда жаниб? Нилъеца гьабулеб щиб?

Oct 24, 2013 12:14



Шамил имамил ц!аралда бугеб къват!алда ч1вараб сурат.

Тарихалдасан- 12 октябралда 1813 соналъ Эрмениялъул Гюлистан росулъ къажаразул Ираналъги г!урусазул пачалихъалъги
хъван буго къот!и- къажараз Кавказалде т!ок!алъ кверщел гьабизе гьеч1ин. Ц!адаса Х!амзатица хъвалеб буго гьеб зама-
наялъул х!акъалъулъ: -Къуватал пачалъихъаз Дагъистаналъул ракьал цояз цояхъе кьолел рук!анила жидедаго гьоркьоб, нилъедагоги гьикъич1ого,мехтараз бертада чагърил лъар г!адин.
Гьал къояз абуни, нилъер улкаялда т1орит1улел руго 200-сонилал байрамал, нилъерго ракьгун бухьен гьеч1еб тарих к1одо гьабун.Х!акимзабазгун г!амал бичарал тарихчаг!азги бицунеб буго халкъалъе "ц1ияб тарих", цо чамалиго ханас г!урус пачаясе хъвараб кагъатги цебе лъун, амма, кват1ич1ого, гьелго ханзабаз пачагун рагъ бана, жидеего гьелдасан зарал бихьарабго,жеги имамзабазул замана щвелелдего.
Цоялда хадуб цояб т!орит1улел руго форумал, конференцияби, концертал, шагьар ц1ун буго банеразгун плакатаз-200 сон Дагъистан Россиялда жаниб абун.Гьелдалъун щиб заралха нилъеда бихьинеб?
Гьаб нилъей заралаб байрам т1адисел соназ школабазул т1ахьазда жанибе буссинабуни, нилъерго лъималазе
рук1ине руго имамалгун Шамил гъачагъаллъун, жидерго улка жанибе бачараб пачалихъгун рагъ бан рук!арал бандиталлъун , астагъфируЛлагь.
Совет х!укуматалда Данияловасцин къабул гьабун гьеч1о гьеб Дагъистангун бухьен гьеч1еб тарих-
"Гьеб къоги к1одо гьабун Шамилие дица щиб гьабилеб"- абун буго гьес ЦК КПССалъул цояв бет!ерасда, Бакуялда бук!араб данделъиялда.
Х1акъаблъун буго, гьаб питна ц!ик!к!араб заманаялда Дагъистан РФ-алда жаниб бук!иналъул лъик1лъи буго, гьеб киназдаго бич!ула, амма, щай нилъеца нилъго учуз гьаризе кколел цебехун бук1араб къадруяб тарихалда, имамзабазул къеркьеялда х1учги ц1ан? Нилъеда гьединал ишараби гьареян абун лъицаниги гьарулеб, яги х!алалъ т!алаб гьабулеб гьеч!еб мехалъ. Имамзаби руго тушбабазцин х!урмат гьабурал церехъаби, дунялалдаго ц1ар арал муъминзабазул амирал. Лъицаха х!урматияв Г!абдулат!иповасул рек1елъ гьеб заралаб пикру жанибе т1ураб?. Щай гъосда гьелъул инжитлъи бихьич1еб?

Г!емерщинал дагъистаниязда жеги бич1улеб гьеч1о гьеб баразникалъ нилъее гьабулеб зарал.
Щай гурелъул тарихалъухъ бербалагьи дагьлъун буго, х1алт1и-ишазда, маг1ишаталда халкъги бан. Цониги светскияв абулев тарихчиясги данде абулеб раг1и бихьулеб гьеч1о, хъат ч1вай гурони. Амма т1уббан тарих к1оченч1ел чиги г1езег1ан ругелъул, гьабизе ккеларищ нилъеца бажарараб щинаб, халкъалъулги, г!алимзабазулги, х!акимзабазулги бербалагьи ц!ик!ине гьаб суалазда сверухъ, ва унго унгояб, х!акъаб тарих щивасде раг!изабизе?

Чидаса Юсупил Микаг!ил.

история, гюлистаналъул къот!и, авар мац1, дагестан, 200 сон, аварский язык, тарих

Previous post Next post
Up