Малик вукIана жиндирго росдалги, Дагъистаналъулги ургъел бугев чилъун

Feb 05, 2010 15:54

- Закир, цо лъагIелалъ цебе дуда ракIалдецин букIун батиларо дудаго цадахъ хIалтIулев вукIарав, дурго гьудул-гьалмагъ, пиша цояв ГIабдулмалик АхIмадиловасул цIаралда бугеб тIоцебесеб премия дуе щвелилан. Кинаб пикру бугеб дур гьеб лъугьа-юахъиналда сверун?
- Дун воххун вуго гьеб шапакъат дие кьуралдаса. Амма бокьилаан жакъа ГIабдулмалик нилъгун цадахъ вукIине. Араб заманалда гьесул хIаккъалъулъ бицине ккезе вугиланги ракIалда киданиги букIинчIо.
«Хакъикъат» газеталдаги, практика лъугьун хадуб, хIалтIизе чIана ГIабдулмаликица агитацияги гьабун. Жакъа дида магIарул мацIалъ цо кин-букIаниги хъвадаризе лъала. Гьелъухъ дица баркала кьола цохIо мунагьал чураясе.
Хасго гьесул эбел-инсуеги кьезе къваригIун буго баркалла гьез гьединав вас гIезавуралъухъ.
Чанги нухалъ Маликгун ккун букIана гара-чIвари щай гьев Дагъистаналда чIун вугевиланги абун. Дида лъалаан гьесухъ чанги кагъат бачIунаан Германиялъул пачалихъияб бищун тIадегIанаб иадара Бундестагалдаса жидехъе хIалтIизе вачIаилан. Дица гьесда цIехолаан щай мун гьениве хIалтIизе унаревилан, щай гурелъул я Дагъистаналдаги, я Россиялдаги гIемеразе гьединал кагътал рачIунарелъул. Гьеб дир суалалд Маликицица гьимизеги гьимун абулаан жиндирго гIагараб улкаги тун цойги пачалихъалде ине жиндие рекIее гIоларилан.
Дагъистаналда гIемер ругоан дол цо гIурус мацIалда «ура-патриоталин» абурал гIадамал. Гьезда цIехони «Щай дуе ВатIан бокьулеб?»-илан гьезул жаваблъунги букIуна: «Нилъер руго кутакал мугIрул, гIасиял лъарал, нилъерго тарих» ва гь.ц. Цо нухалъ хIалбихьезилан дица гьеб суал Маликие кьуна. ГIодовги вичан, щибго кьерги гьурмал хисичIого гьес кьуна гьадинаб жаваб: «Дун ина нахъе гьаниса, мун ина нахъе гьаниса, цойгидалги ина. Хадуб лъица нилъерго маданиятги, магIаруллъиги цIунизе бугеб? Лъица нилъер мацI цебетIезабизе бугеб, лъице цIогьораллъун рахъарал чиновникабазе ва гIемерго эркенлъи щварал милиционеразе жаваб кьезе бугеб?»
Малик вукIана жиндирго росдалги, Дагъистаналъулги ургъел бугев чилъун. Гьединал дагъистаниял жакъа къоялъ гIемер гьечIо.
- Дуда лъалаха мунагьал чураяв ГIабдулмаликица кьучI лъураб гьаб «Сугъралъ» газеталде дос дос кьолеб букIараб кIваралъул. Лъала, гьесул букIараб гIаданлъиялъе гIоло гIоло, нуж киналго къаламцоял гьаб газеталъе кумек гьабизе хIадурал рукIинги. Щиб суал борхани, кинаб цIияб рубрика гьаниб гьабунани тIбазе кIвелаандай нилъеда досул анищ?
- «Сугъралъ» гIадинаб газета цойги гьечIо Дагъистаналда. Цониги районалда гьечIо гьелда релъараб газета. Дие гьеб ГIабашица щвезабула ва дица гьеб тIубанго цIализе хIаракатги бахъула.
ЦIияб рубрика кинаб къваригIилеб? Бокьилаан газеталда Маликида хурхараб рубрика рагьине. Жиб-жиб номералда гьенир хъвазе бегьула гьев чIваялда хурхараб расследование кин унеб бугеб ва гь.ц.
МацI цIуниялда хурхараб рубрика бачинеги бегьула, щай абуни гьанже ругел гIолилазда магIарул мацI бицинегIаги лъалеб гьечIо, мацIалда жанир гIурус рагIаби гIемр хIалтIизарулел руго. Дунгун цадахъ Сугъралъ росулъан лъабго чи вукIана, Гъуниб районалъул цогидал росабалъан ункъго. Гьел анкьго цадахъ цIалулезда гьоркьосан магIарул мацIалда «буго-гьечIо» гурони бицине лъалеб букIинчIо.
Нужер газета интересаб буго амма гIолилазул хIакъалъулъ цодагьго гIемер хъванани лъикI букIине батила, газета цIалулелги гIемерлъила.

ГIумар МАХIАДОВ,
газета "Сугралъ"

интервью

Previous post Next post
Up