Араб соналъул август моцIалъул ахиралда ЦIумада районалъул ТIинди росдал администрациялъ туристал ГIаддало-шухгел магIарде рачана. Гьанир лъолел руго сапаралда рахъарал тIаса рищарал суратал (суратал "гIонк1к1очалъ" мерхьани, гьел к1одолъула;-)).
ТIинди росдал некIсияб авал. ТIиндадерица бицухъе, росдае буго гIага-шагарго 700 сон.
Лъар бахунаго сапарчагIазул машина свана лъар бакьулъ.
ТIабигIаталъул берцинлъиялъ киналго хIикмалъизаруна.
Россиялдаго бищун борхатаб метеостанция «Сулак-высокогорная».
4165 метралъул борхалъи бугеб ГIаддало-шухгел мегIер.
СапарчагIазда гьоркьор рукIана машгьурал тохтурзаби, химикал, журналистал ва гь.ц.
ЦIорол мегIер. Гьанисан байбихьула АваргIор.
Акнада росу. Гьаниб хутIун буго щуго цIараки (25 чи).