Jan 25, 2012 12:39
ЦIуне, ле, багьадур, дурго рахьдал мацI!
Дуца цIуничIони, лъица цIунилеб?
ЦIуне, ле, аварав, умумузул мацI,
МацI гьечIони дуда цIар щиб букIулеб?
Дуца рехун тани, тункун речIчIизе,
ХIадурал гIемерал ругин ракьалда
Мун довехун вуссун, чамалго тани,
Чанги бахьи гьечIес чIамун рехулин.
Дуда лъай гIолилав, гIенекке дагьав,
Дуда бараб букIин дур ирсилазул.
Заманго иналде, метер къоялде,
Жал гIурусал ругин, цогидал ругин,
Дур лъималазул гIел, яги хадуб гIел
Рахъ-рахъалде тирун гаргазе ани
Хобалда жанибцин бокьиладай дуй?
ХIисаб гьабун теха заман букIадго...
Дица бицаралъул ургъел щибха дуй,
Ургъун вихье мунго, гIакълудал бетIер.
БетIер къазе лъикIаб бекилелдего,
Бекун хадуб къани, пайда цIакъ дагьаб.
Гьединал рагIаби руго нилъехъе,
Нилъер умумуца цIунун ритIарал.
Гьезул гъварилъи дуда бихьулеб гьечIищ?
Гьединго цIунараб, нилъер авар мацI,
Вореха бихьинчи, хьетIизе тоге.
Мун довехун вуссун, чамалго тани,
Чанги бахьи гьечIес чIамун рехулин.