Халилбегица цIунараб канлъи

Sep 12, 2008 21:04



1990-абилел соназда Цолъарал Штатаздаса Дагъистаналде тIад буссинабун буго Магърибалъул Европаялда цIар рагьарав суратал рахъулев кIудияв устар Мусаясул Халилбегил цIакъго бечедаб ирс. Гьес рахъарал суртал цIунун руго дунялалъул бищунго кIудиял музеязда, гьезда гъорлъ -  Нью-Йоркалда бугеб «Метрополитен музеялдаги». Мусаясул Халилбегил цIакъго къиматал суратал, гьесул архивалъул цIикIкIунисеб бутIагун цадахъ суратчиясул васигаталда рекъон Дагъистаналъе сайгьат гьабуна гьесул чIужу, 2006 соналда  абадияб рукъое арай Меланица (ай, батияб къаг1идаялда абуни - руччабазул килисаялъул тарбиячIужулъун йикIарай хIурматияй эбел Жероме).

…Халилбегил хIакъалъулъ нилъеда лъалеб жо дагьаб гурони гьечIо. КъватIисел улкабазде гьабураб цо сапаралдаса хадуб, тIоцебе гьесул бицен гьабуна ХIамзатил Расулица «Дир Дагъистан» абулеб тIехьалда. Гьебги - устарасул цIаргицин рехсечIого. Баян гьабизин: лъазе гьукъун вукIарав устарасул цIар (доб заманалъул идеологиялда рекъон ватIан тун къватIивехун аравщинав чи рикIкIунаан хилиплъаравлъун, ялъуни хIалихьатлъун) Дагъистаналъул къосарав васин абуниги, ХIамзатил Расулица, жиндирго къадруги цIунун гьересиял бугьтанал лъечIо ракьцоясда. «Къосарав Васин» Халилбегил рахъалъ абуниги, Расулица «берцинал пачалихъазул чIухIарал тахшагьарал сверулев» цIар лъаларев устар - дагъистаниясул хIакъалъулъ рекIелъ къалам ччун хъван бугоан, амма цо гIайиб буго шагьирас гIадада гIунтIизабулеб устарасде - рахьдал мацI кIочене биччай.

«Парижалдаса тIад вуссингун дица устарасул гIагарлъи балагьана. Дун гIажаивлъизавуна гьесул эбел жеги чIаго ятиялъ. Циндаго эбелалъ цIехана:

- Нуж магIарулалъищ цоцада кIалъалел рукIарал?

- Гуро, таржамачи гьоркьов ккун. Дун - гIурусалъ, дур вас - парангалъ.

Эбелалъ, вас хванин рагIидал бахчулеб гIадин, гьумер чIинчIуялъ бахчана… Халатаб сихIкъотIиялдаса хадуб эбелалъ абуна:

- Мун мекъи ккун вуго, Расул, дир вас цевего хвана. Дуца бицунев чи дир вас кколаро. Досда дица, магIарул эбелалъ, малъараб рахьдал мацI кIочене рес гьечIо…»

Эркенго бицине гIурусги (гьеб мацIалъ хъвалеб бук1ана жиндирго даптар), гIарабги (гьелъие Халилбег инкъилаб бахъилелдего Сугъралъ мадрасаялда цIалун вукIана, хIежалде ун хадубин абуни гьесие Мисриялда шайихасул цIарцин щвана), алманги (гьеб мацIалъ хъван буго гьесул «Ахирисел багьадурзабазул улка» Ян абураб тIехь), ингилисги, паранги ва туркги мацIал лъалев Халилбегида гьай-гьай жиндирго рахьдал мацI кIочон тезе ресги гьечIеб жо буго. Устарасул архивалда руго Халилбегица рахъарал цо г1ажаибал суратал. Гьесул жиб-жибалда гъоркьехун магIарул мацIалъ хъвай-хъвагIаялги ругоан гьарун. Гьел сураталги, хъвай-хъвагIаялги ругоан алфазал-азбука г1адаб жо. Гьелдаса пайда босулеб букIун буго жиндирго чIужуялда авар мацI малъулелъул…

Гуро, вукIинчIо Халилбег къосарав васлъун, гьев вукIана сапаразде гIемер арав ахирисев багьадур. Дида цебе буго мугъалдасахун бахъараб хъатикь цIа рекIарасул сурат. ЦIа-канлъи, гIакълу-лъаялъул гIаламат, гьелдаго цадахъ квешлъилъулгун рагъ гьабиялде ахIулеб гIаламат. Дида кола, Халилбегица гьеб сураталда рихьизарун ругин живгоги, гьесго гIадин цадахъ хинлъиялъулги канлъиялъулги бутIабиги росун нилъедаса ратIалъарал, гьесул гIелалъул гьунар бугел гIадамалги. Гьез гьеб цадахъ, ракьалда бецIлъиги лъавулкълъиги хутIизе гуреб, гьеб канлъи цIунизелъун араб буго…

(«Сапаралда гIумру арав багьадур» абураб дир макъалаялъул цо кесек).



ХIоцоса Нажмудин (бакьулъ) Дагъистаналъул щуабилев имамлъун вищулеб мехалда Мусаясул Халилбегица бахъараб сурат буго гьеб.

Дирго асарал

Previous post Next post
Up