Нилъее щолеб буго тротил

May 16, 2012 14:31


Ахирисеб теракталъ цо батIияб рахIатхвей лъугьана МахIачхъалаялда. Жал цIунун рукIиналда божилъи хвеза­буна гьелъ гIадамазулъ. БичIчIизе захIматаб хIинкъиялъ цIезабуна кинабго сверухълъи.

АхIвал-хIал хIалуцинабулеб буго гIадамазда гьоркьор тIиритIулел харбазги. Бицунеб буго лъабабилеб теракталъ­улги - жийго кьвагьизе къачIалей цоги гIаданалъул бицу­неб буго къуваталъул идарабаз: киналго хIинкъулел руго Каспийскалдаго гIадинаб 9 абилеб май такрарлъиялдаса. Дагъистан тун гочун иналъул пикраби тIадеги щулалъулел руго.

Кида гьаб лъугIилеб?

Экзаменалда мугIалималъ киназего лъикIал къиматал лъуна. Теракт гьабураб сордоялъ гьелъул гIагарав чи вукIун вуго гьеб бакIалда. «Щибниги лъугьинчIо»,- ян бицунеб букIана гьелъ, зачеткаялда гъулбас гьабулаго.

Лъукъарал гIадамал ругеб больницаялдаса рокъове дун вачарав херав таксистас дихъа гIарац босичIо: «ЦIуне дуца мунго, гIолохъанчи!» - янги абун виччана.

Редакциялда киназго бицунеб буго теракталъул. Жеги теракталъе ругел гIиллабазул, щай гьедин кколеб буго абу­рал суалал ва Аллагьасде хьулалда руго киналго. Лъицаниги абулеб гьечIо кинабго лъикI букIине бугилан. Киназго абу­леб буго «кида гьалъие ахир букIине бугеб?» абун. Теракт гьабун кIиабилеб къоялъ МахIачхъалаялъул цо районалда ва аскIоб бугеб Хъумторхъала районалда спецоперациял унел руго. Дагьалъ хадуб спортсменасул машина кьвагьи­забуна. Гьаб киданиги лъугIизе гьечIилан кколеб буго.

Цойги кьвагьиял - терактал гурищ?

Теракталда хваразул хъизаназе цо-цо миллион гъурущ, лъукъаразе батIи-батIияб къадаралда гIарац кьолеб буго. Амма гьеб гIарац щиб кколеб гIагарлъи хвараб къварилъи­ялда ва хIинкъиялда данде? ГIарацги кьолеб буго гьеб те­ракт хутIарал цогидазда данде бищунго кIудияб букIун. КигIан рукIарал ахираб заманалда чIварал ва кьвагьарал, чан лъукъарал - гьезул гIумруялъул къимат гIарцудалъун борцинчIо. Тротилалдалъун гурони.

Мисалалъе, Великобританиялда теракталъул хIа-силалда чIваразул хъизамазе ва лъукъаразе материали­яб ва психологияб кумек тIубанго пачалихъалъ гьабула. Дагъистаналда гьединаб лъугьа-бахъин цIакъго къанагIат букIине бегьула. Щайгурелъул, Россиялъул законазда рекъон, гьеб гIарац кьезе ккола жинца теракт гьабурас. ГIемерисеб мехалъ гьединал чагIи чIаго кодоре щоларо, киналго чIвала. Щаклъи буго 3 маялда теракт гьабура­зе судалъ тамихI къотIиялда. Гьезул цIарал рехсеялдаги гIажаиблъи гьабизе бачIуна. Боевикал цере чIвала ва хадуб бицуна гьез гьарурал такъсиразул.

Терактлъун рикIкIунаро Дагъистаналда щибаб кьва­гьиги. Щайгурелъул гьеб мехалъ гIайиб бугел ралагьизеги гьездаса гIарац тIалаб гьабизеги ккола. Жидерго махщел­цоял чIванигицин полициялъулаз гьезда «терактин» абу­ларо, «покушениеян» гурони. Гьеб статьяялда рекъон гьез­даса хIалтIиги дагь тIалаб гьабула.

Рашид НургIалиевасе «За заслуги перед Отечеством» абураб шапакъатги гьесул хIалтIухъаби лъикIго хIалтIун кьураб батизе буго.

РитIухълъи гьечIо кинабгIаги. Террористазе гIарац щолеб буго (Западалдаса, Востокалдаса, бакIалъул чинов­никазухъа ва бизнесменазухъа). Гьезда данде къеркьолезе щолел руго шапакъатал.

Нилъее щолеб буго тротил.

пикру

Previous post Next post
Up