Сулайман Уладиев: «Хиса - басиязул заманалда загьирлъула аварал»

Feb 08, 2012 00:03


АрбагI къоялъул бакъанида, цебехун нижеца хъван букIахъе, «Миллат» газеталъухъ гьобол­лъухъ вукIана машгьурав политикияв ва жамгIи-яв хIаракатчи Сулайман Уладиев. ЧIамучIал церерагIиялги тун, бачIинахъего абила, Сулайма­нилгун нижер гара-чIвариялъе, гIурусаз абухъе, кинабгIаги «информационный повод» абураб жо букIинчIо. «Миллаталъул» редколлегиялъ хIукму гьабуна жакъа республикаялда лъугьа - бахъунеб ахIвал -хIалалда тIаса гара - чIвариялде ахIизе гIалимчи, политолог ва кинабго лъугьа - бахъу­нелъе къимат кьун бажарулев эксперт Сулайман Уладиев.

Политикияб хIухьбахъи ва цIияб пачалихъ

- Сулайман, дуца цIакъ «хIухьел ккуна» ахираб заманалда. ГIилла букIунищ, ялъуни гьеб полити­кияб тактикайищ (дуца абулелде кIвар буссинабу­лелъул дагъистанияз)?

- КиналгIаги политикиял хIаял, тактика гьениб гьечIо. Дун вукIана гьаниса гочун инин, унги вукIана республика­ялдаса нахъе. Гьаниб парахалъи гьечIолъиги, рагъ - кьал­ги букIун гьелдаса хIинкъун гуро, цо - цо мехалда властал­дасаги, гIадамаздасаги, кигIан дуца хIаракат бахъаниги хисизабизе кIолеб жо бихьунгутIиялдасаги ракI буссуна. Гьединаб хIалалде ккун вукIана, Эмиратазде ун вукIана хасало дирго лъималазухъе, моцIидасаги мехги бана гье­ниб. Цо дирго хъвай-хъвагIаязде, аралъул хIасилалги, букIинеселъул хIисабалги гьаризе тIамуна гьелъ. Араб со­налъ къо гьоркьоб бахъичIого чIвалел гIадамазулги, дагъи­станияз кинаб рахъалдаса батаниги тIолел биязулги хIисаб гьабун, гIемераб хIалтIи гьабуна гьеб ишалъе ахир лъеялъе гIоло къеркьолаго. ЖамгIиял гIуцIабиги гьаруна, данделъ­абиги ахIана, Россиялъул НАКалъул генералаздаса рахъа­рал ихтиярал цIуниялъул хIаракатчагIи Федотов, Людмила Алексеева, Николай Сванидзе ва цогидалги гъорлъе рачун, Дагъистаналда динияб дандечIеялъул кIиго рахъ - суфи­ялги салафиталги цо столалда нахъа чIезарун, кIудияб хIалтIи гьабуна биял тIеялъе ахир лъеялъе.



Кутакалда берцинаб, цоцазул адаб цIунараб диалог ккана, кризисалдаса рорчIиялъе нухалги рихьана, амма щая­лиго власталъги, цо-цо политикиял къу­ватазги гъоб хIалтIи кIварго кьечIого тана. ЦIиял харбал хIисабалда къого секундалъ Дагъистаналъул телевидени­ялдасан гьелъул бицеян президентасде гIунтIун кIалъазе ккана. Гьелъ тана дица гьеб хIалтIи, гъоб хIажатал чагIи ратула­рого. Россиялдайин абуни гьеб заманал­да жаниб гIемераб жо хисун бугоан.

- Щибха хисун батараб Россиял­да мун вуссинегIан, кинаб къимат кьолеб дуца улкаялдаги, республи­каялдаги лъугьа-бахъунелъе?

- Дун тIадвуссиналде республика хисун батанин абизе кIоларо, амма ул­каялда киназдаго лъалел хиса-басиял лъугьана. Абизе бегьула дун батIияб Рос­сиялде тIадвуссанин. Бащдаб лъагIелалъ цебе В. Путиниде, тIолго пачалихъалъул миллияв цевехъан ва бищунго кIудияб рейтинг бугев политикасде, гьещтIезе ругин ва гъосул нухмалъиялда дандечIун нусазаргоялдаса цIикIкIун чи къватIив вахъунин Москваялдаян абулев чи гIабдаллъун рикIкIинаан доб мехалъ. Гьел лъугьа - бахъинал кканагури ул­каялда. Амма Владимир Путиница гъоб дандечIей ва улкаялда лъугьа - бахъу­нелъе хIакъикъияб ва ритIухъаб къимат кьуна, гъов цIодорав чилъидал, чекист гIантав вукIунаро, тIадежоялъе гъос демократиялъул нухде рачIиналъе ва жамгIияталъул хIалуцин чучиялъе гIоло хIисабалде босана гъоб дандечIей. Бо­рис Акунингун ва цогидал либералияб дандечIеялъул церехъабигун дандчIвазе хIадур вугин абуна. ХIисабалде росулел руго гъозул тIалабалги.

- Дагъистаналъул рахъалъ щиб абилеб, араб сон нилъер гьаниб­ги букIана цIакъ митингаздалъун гьарзаяб, кинаб батIалъи бугеб мо­скваялъулазда ва нилъеразда гьор­кьоб?

- Москваялъул дандечIеялъулъ руго цIакъ гIемерал батIи-батIиял полити­киял къуватал ва власталда цере лъолел тIалабал. Гьезул гIуцIиялъул рахъалъги, законалъул рахъалъги, власталда цере лъолел тIалабазул рахъалъги тIадегIанаб даражаялда буго хIалтIи. Гьелъул хIасилалда рукIана Сахаровасул про­спекталда, Болотниялда нусазаргоялда­са цIикIкIун чагIи. Нилъеразул цо рахъ­алъул тIалабал руго: «ГIадамал рикъуге, диван гьабичIого чIваге, риларал чагIи тIад руссинаре» ва цогидал гьезда релъ­лъарал тIалабал. Гьеб дандечIеялда цадахъ ришватаздаса, коррупциялда­са, тухумчилъиялдаса, цIогьалдаса ва нусго батIиял цогидал гIузрабаздаса рази гьечIел дагъистаниял къватIире рахъани, МахIачхъалаялда рахъун чIезе бакI букIинаро. ТалихIалъ лъаларо, талихIкъосиналъ лъаларо, гьел тIалабал жакъа республикаялда жамгIияталъ вла­сталда цере лъолел гьечIо. ГIуцIиялъул рахъалъги цокIаллъи гьечIо.

- Гьел цере рахъулел чагIазул хитIабазде ва политикияб ахIвал - хIалалде балагьун, гражданазулаб жамгIияталъул гIаламатал рихьу­лищ дуда?

- Рихьуларо, гражданазулаб жамгIият букIунаро ихтиярал цIунулареб (правовое государство) бакIалда.

- Гьезул кинаб цебе бижулеб, жамгIияталъ ва гьелъ бищараб вла­сталдаса гурищ лъугьунеб ихтиярал цIунулеб пачалихъ?

- Цояб гьечIого цояб лъугьунаро, гьел цоцада рухьарал руго, рорженалъе кIиго кваркьи гIадин хIажалъула ихтия­рал цIунулеб пачалихъги, гражданазулаб жамгIиятги.

- Россиялда ккараб хиса - баси сундулъ бихьулеб дуда, цохIо гьел гIадамал Сахаровасул проспектал­де рахъиналъулъищ, ялъуни цойги щиб хисараб гьаниб?

- Масала, президент Д. Медведевас ва В. Путиница абуна ва парламенталде законалъул проект битIулеб буго субъек­тазул бутIрул тIолго халкъалъ рищулеб къагIида гьабизе. Дица рикIкIуна гьеб демократиялъул бергьенлъилъун. Гъоба бихьизабун буго кIиго къагIида - парти­ялъ президентасул кандидатура бихьиза­би ва бокьарав чияс жинцаго кандидатура лъей. Дида ккола, кинаб рахъалъ гьабу­ниги, гьеб бугин ритIухъаб ва гIадамазул пикруялъ бетIер вищулеб къагIидаян.

- Дида ккола Путинил Россиял­да гьелъул батIалъиго букIинарин, масала, партиялъ кандидат вихьи­завулеб къагIидаги гьениб батани, «Единая Россиялъ» ва В. Путини­ца рахъ кколеб бугин, бокьарав чи бергьинавилин Москваялъ гьанив, гьеб мехалда рищиязда цIар кинаб бугониги щиб?

- Нилъее, халкъалъе рес щолеб буго кандидат вихьизавизеги, гьев пре­зидентлъун вищизеги, жакъалъизегIан гьединаб рес букIинчIелъул. Дида лъа­ларо халкъалъ гъолдаса пайда кин боси­зе бугебали, амма лъала гьев чи кинав вукIине кколевали. Масала, дица, из­биратель хIисабалда, рехсезе руго кан­дидат кинав чи вукIине кколевали. Гьев вукIине ккола яхIги бугев, лъайги бугев, биги тIад гьечIев, тухумчилъиялдасаги рикIкIадав, Аллагьасдасаги хIинкъулев, инсанги вичIчIулев, гIураб бихьинчилъ­иги бугев чи.

- Гьел киналго рахъал ругев чи вукIунаро, вугониги жакъасел дагъ­истанияз вищуларо…

- Вищулев ватичIони, лъикIаб гIумруялъе мустахIикъал гьечIо нилъ. Гьединал чагIи гьечIин абуге, щиб, лъаб­го миллион дагъистаниязда гьоркьов мустахIикъав чигойищ гьечIев? Гьев чара гьечIого жакъа нилъеда рихьулел политиказдаса вукIине кколарелъул. Дир буго тIубараб политикияб реформаялъул проект гьелда хурхун, дида ккола гьел шартIал хIисабалде росани, кьучIдасаго хисизабизе кIолин Дагъистан.

Политикияб реформа ва цIиял нухмалъулел

- Батани,Сулайман, мун ни­жеца толев вуго гьаб интервью лъугIизегIан президентлъун, яги кандидатлъун, рехсе гьеб програм­ма.

- Гьел тIадехун рехсарал рахъал ругев чи вищанаха халкъалъ президентлъун. Щиб гъос гьабизе кколеб? ТIоцебесеб иргаялда, цIияв президент вищарабго тIубанго правительство уна хъулухъалда­са, гьел чагIи ритIила баркалаги кьун на­хъе ва 40 проценталъ дагь гьабила мини­стерствабазул къадар, халкъалъул гIарац кваназе хIажат гьечIо гъодигIан мини­стерстваби. ЦIиял чагIи росила тIадехун рехсарав президент гIадал ритIухъал ва рацIцIадал. Гьел гьечIин абуге, гьедизе кIола - руго. Хадусеб гали букIине ккола федералиял хъулухъазул нухмалъулел, цIияв президент кIалъазе ккола Москва­гун тIубараб гьеб состав хисиялъул суа­лалда тIаса.

- Кин хисилел гIемерисел Мо­скваялъ ришватги босун тарал чагIи? ЦIакъ кIудиял анищал ри­хьула гьел…

- Дица абулеб бугогури, батIияб нух гьечIин, гьеб суал лъезе ккола Москва­ялда цебе. Нужее Дагъистан Россиялъ­ул картаялда хIажат батани, цойги нух гьечIин гьел чагIи хисичIого. Дида ккола цIидаса вищарав Путин гьеб галиялде инин. Хадусеб суал, районал ва шагьа­рал. Жакъа Дагъистаналда буго 54 му­ниципалияб гIуцIи, дица гьабилаан 20 район. Гьел гIадамал жидер районалъ­ул чи бетIерлъун гьечIин цоцалъ рагъи­лин абураб жо буго гьадингосел харбал. Щибаб районалъул бетIер ва гьесул лага - черхги, хъулухъги хьихьун республи­каялъул бюджеталдаса нус-нус миллион халкъалъул гIарац унеб буго, гьез бикъу­леб рикIкIинчIого. Гьеб гIарацги тIокI гьабун халкъалъул тIалабал тIурани, лъилниги дандечIей букIинаро. Тари­халда жеги цониги миллаталда гьоркьоб кьал ккечIо Дагъистаналда, гьеб гьабуни жакъаги ккезе гьечIо.

- Гьел чагIи рищизейищ ругел тIамизейищ?

-Рищизе руго.

- Гьеб мехалда гьел дур рацIцIадал чагIи кандидатура лъолеб бакIалде къазе толаро жакъасел бацIаз.

- Толеб къагIида буго. Гъов Исбайица абун буго нилъер гьанив президент вищиялъул тема­ялда кIалъалаго, Москваялдаса маймалак би­хьизабуниги, гьанир кверал рорхулин нилъераз. Маймалакал теларо, гьел дуца абулел бацIал цо ФСБялъул сержантас аскIореги ахIун иш байби­хьани, бащдаб уголовный кодекс гьезул ишазул хIакъалъулъ батула. Кандидатураби лъезе ричча­ла рацIцIадал чагIи. БатIайиса реформаби лъу­гьунаро, нужеда рагIанагури Сингапуралда Ли Куан Ю премьер министрас абурал рагIаби, дурго вацасдаса байбихье ишан. Гьел районалъул цIиял рацIцIадал бутIрул рукIина жамагIаталъул ва пре­зидентасул хъаравуллъиялда гъоркь. ТIадежоялъе I3I абилеб бакIалъул нухмалъиялъул законалда хиса - басиги гьабун, гъозухъа нахъе босизе ккола лъайкьей ва сахлъи цIуни. Гьеб букIине ккола про­фессионалияв тохтур - министрасул ва гIалимчи - педагог лъайкьеялъул министрасул хъаравул­лъиялда. Гьеб районалъул бутIрузда цебе букIине кколеб суал гуро. Гьезда лъаларо гьел суалал, гьал жакъа ругезул 80 проценталъ щуабилеб классалъ­ул диктант лъабилалда хъвазе кIоларо. ХутIарал суалал инфраструктура, ЖКХ, канлъи, хинлъи, гIумру гьабиялъул шартIал ва цогидал суалазул жаваб кьезе буго районазул бутIруз. Маргарет Тэт­черида гьикъарабго кин кIвараб дуда гIадлу гьаби­зеян, гьелъ абун буго I5 вацIцIадав ва лъай бугев чи валагьанин жинца улкаялда. Гъоб нухмалъи­ги, цебетIейги кинабго кадрабазда бараб жолъи­дал, гьел нилъер руго. ХIажат буго бищунго, тIад вацIцIадав ва иш гьабун бажарулев чи ккей.

- Парламенталда щиб гьабилеб?

- Ункъоялда анцIгоясул бакIалда лъеберго чи тела профессионалияб кьучIалда парламентал­да хIалтIулев, гьелги цо мандаталъул округазда тIолго халкъалъ рищарал. Щибизе хIажат вугев бюджеталъул гIарац кваназе цIаличIого законал къабул гьарулев 90 депутат?

- Гьанже нилъ рачIина, Сулайман, гьел анищалги тун, хIакъикъаталда букIине бу­геб ахIвал - хIалалде, тIолго халкъалъ пре­зидент вищулел рищиязда халкъалда бараб жо кигIандай тела Москваялъ?

-Дида ккола халкъалда гьоркьоб къадру гьечIев чи Москваялъе хIажат ватиларин. Гьадин­ги квешаб хIалалда бугеб республика кквезе кIвезе гьечIо гьабго политика такрар гьабуни.

- Кандидатасул миллаталда бараб жо кигIан гьениб букIинеб ва Москваялъ­ул финансовиял къокъабазул кигIан асар букIинеб гьеб суалалъулъ.

- Халкъалъе гIакъилавги, ритIухъавги, вацIцIадавги президент вачIани гьесул миллаталъ­ул батIалъиго батиларо. Амма гьеб миллияб суал жалго кандидатаз багъаризабизе буго. Москваялъ­улалги гIадада чIелищха, гьезул жидергоги хиял лъезе рес буго президентасул хъулухъалде.

Дур хъулухъчи щивали абе, дица абила мун щивали…

- Дуца президентлъун МухIамадсалам МухIамадов вачIараб мехалда хъвараб макъалаялда цо мисал букIана ритIухъав халифасул. Пачалихъалъул иш гьабулеб ме­халда рекIараб хIедул чирахъги свинабун, жиндирго хъвай - хъвагIаязе рекIинабулеб цойги хIедул чирахъалъул хIакъалъулъ. РитIухъ гьабунищ президентас дур гьари, яги гьев цохIого чирахъалда гъоркьищ ву­гев?

- ГьабичIо, дир гьариги, хьулги букIана гъос щиб бугониги хисизабилин. Хисараб жого би­хьулеб гьечIо. Президентасда дица гьикъилаан: «Дуца бице щив дуца хъулухъалда толев вугев, дица абила мун щивали» ян. Гъов гIолохъанчи вуго, гъосие рес кьун букIана кинабго хисиза­бизе, щибниги хисичIо. Цо рацIцIадал ва цIиял чагIи хъулухъалдагIаги тун рукIаралани, мадар букIинаан, щаялиго гьебги гьабичIо.

- Гъосул цониги, гьаб рахъгIаги лъикIаб бугин абизе гIураб жо лъалищ дуда?

- Экономикаялъул специалист дун гуро, амма цо - цо саламатал пикраби загьир гьарулеллъун рихьана гьеб рахъалъ, лъалеб цебетIей гьечIониги. Цойги лъикIаблъун бихьана гъосул гIадамазухъ гIенеккизе лъай, гIодове виччарав сабурав чи вуго гьев. Гьал мэрал руго ццидал, хъачIал гIадамал, гьеб рахъалъ хIалимав чилъун вихьана дида гьев. Нилъер магIарулазе дагьаб жоги гIола разилъизе, гьебги батилаха. Гъос реформаби гьаризе кколаро­ан, революция гьабизе кколаан, хасго кадровияб политикаялъулъ, гIадамазги рахъ кквелаан ишги билълъанхъилаан. Гьеб гьабичIо, нахъойги цо ха­сал тухумалги хьихьун чIана.

- Гъосда цадахъ президентлъиялде ри­хьизаруразда гъорлъ бищунго мустахIикъав чи щив вукIарав?

- Дир пикруялда, СайгидхIусен МухIамадов вукIана. Гъов вуго лъикIаб лъайги бугев, Москва­ялда бухьеналги ругев, экономика, бюджет ва фи­нансалги лъалев ва киналго кланаздаса рикIкIад чIарав чи.

- МухIамад МухIамадов? (Смоленский). Меседил медалалда школа, багIараб дипло­малда МГУ, цониги пачалихъалъул хъулухъ кквечIого миллиардал доллараз гIарац гьа­бурав чи…

-Ватила, гьев мустахIикъав гьечIин абулеб мех гуро, дида лъаларо гьесул гIунгутIаби ва живго. СайгидхIусен, лъала.

- Балагьараб мехалда щивав чияс гьел кандидатазе къимат кьолеб буго жидер­го гьоркьорлъабаздалъун. Дида рагIана СайгидхIусен вугин дур гьудул ва гьес дур гIумруялъе хIинкъи бугеб заманалда брони­рованный BMW кьунилан.

-Кьуна, дие машина кьунин гьел тIокIлъаби гьесухъа нахъе унарелъул. Дица рехсолел руго гьоркьорлъабазухъ валагьичIого дидаго лъалел рахъал.

-Мун тIехьалда тIад хIалтIулев вугин рагIана…

- Буго гьединаб хIалтIи, лъаларо гьелъул би­цине рекъон букIунищали. КIиго тIехь буго дица хIадурлъулеб, гьездаса цояб букIине буго «Даге­стан на разломе: время, события, люди» абураб. Гьениб букIине буго дир нилъер улкаялдаги, ре­спубликаялдаги ккарал кIудиял ва кIвар бугел лъугьа - бахъиназда тIаса пикраби. Гьел процес­сазулъ дандчIварал гIадамал, политика, гIумру ва гьезул рахъалъ пикраби. КIиабилеб тIехь буго дир­го анищазул дунял, кучIдулин дида гъозда абизе кIоларо,кочIохъего гьарурал хъвай - хъвагIаялин телаха, шигIрияб гьунар щивав чиясе кьолеб жо гуреблъи дида лъалелъул. Гьеб букIине буго магIарул мацIалда.

- Дур чIужу балкарай йигин рагIана, авар мацIалъулгун гьоркьоблъи кин бугеб рокъоб, лъималазда гьеб лъалеб батуларо.

- Гьей чIужуялъул рахъалъ бицин рекъечIеб жо букIуна магIарулазе, нужеца гьеб суал лъун бугелъул абила, дир лъималазда лъачIого букIинищ,чIужуялдаги лъала магIарул мацI цони­ги буртиниселдаса ятIа яхъизе лъалареб хIалалъ. Нилъер наслу умумузул, эбелалъул мацIалдаса махIрум гьабурал чагIи руго гъаримал чагIи.

- Гьеб магIаруллъиялъул нилъеца щи­баб хъощниб бицунеб буго, амма нилъго къо бахъанагIан тарихиял лъугьа - бахъиназул рагIдукь хутIулел руго ахираб заманалда, сундулъ бугеб гIилла?

- Дицаги гIемер пикру гьабула гьелъул, магIарулал руго кIудияб бахIарчияб тарихги, рухIияб къуватги бугеб миллат. Дагъистаналъул­ги Кавказалъулги тарихиял лъугьа - бахъиназда бакьулъ рукIана нилъ - магIарулал ва нилъеца хъвараб буго аслияб тарих. Дица гIажаиблъи гьа­була магIарул чиясул хасияталъул жакъа ругел гIадамазухъ валагьун. КъотIноб тохлъукьего цоя­сул машина цогидалда кьабуни, магIарулав хIадур вукIуна гьев чи чIвазе, яги гьеб щибго гуреб жо са­баблъун жиндир гIумру кьезе нахъе къаларо. Жин­дие законалъги, инсанасул намусалъги, яхIалъги тIалаб гьабулеб ишалъулъ цо гIарац бикъулев мэ­расда, министрасда данде площадалда вахъине, яги бадибе рагIи абизе хIинкъулев вуго. Гьеб жо­ялъе баян батизе кIоларо дида. Тункараб машина­ялъухъ, яги цохIо рагIи сабалъун гIумру кьезе на­хъе къалев гьечIо цо магIарулав, киналго гуроха, амма жиндир ва халкъалъул ихтияразе гIоло аби­зе хIинкъулев вуго. ГьабсагIаталда буго хиса - ба­сиязул замана (время перемен), гIурусалъ абухъе, кидаго тарихалда кризисалъул ва Дагъистаналъул къисматалъул суал цебе бачIарабго магIарулаз за­гьир гьаруна бищунго лъикIал рахъал - гIакълуги, къохIехьейги, бахIарчилъиги. Гьедин букIана та­рихалда ва гьедин букIине буголъиялда ракIчIола дир.

Гара-чIвари гьабуна МухIамад БисавгIалиевас, "Миллат", 4, 02.02.2012

Миллат

Previous post Next post
Up